Хелекьуриса ГIабдуллагьил МухIамад (1918 – 1972)

Хелекьуриса ГIабдуллагьил МухIамад (1918 – 1972)

Гьанжесеб Болъихъ мухъалда гъорлъе унел росабазул цояб ккола Хелекьури росуги. Гьеб росдал рахьдал мац1 буго маг1арул болмац1. Киналго маг1арул росабазул г1адаб тарихги, маг1арулазул г1адаб яшавги, къисматги буго хелекьурисезулги. XlX г1асруялда имам Шамилида цадахъ гъазаваталдаги, хадур ккарал рагъаздаги кирго бах1арчилъи ва гьунар бихьизабуна гьезул г1олохъабаз. Хелекьурир рахъана г1емерал ц1ар бугел г1алимзаби, кидаго гьениб бук1ана мажгит, малъулаан дин-ислам.

Нилъеца бицен гьабулев г1алимчи, вали ва шаг1ир Г1абдуллагьил Мух1амад гьавуна 1918 абилеб соналъ Хелекьурив. Гьит1инго г1елмуялде рокьи бугев, г1амал берцинав вас вук1ана гьев. Инсуца малъана гьесда т1оцебе г1араб-г1ажам хъвай-ц1али. Хадуб, вац Сайидх1усеница малъана. Г1емерисеб г1елму г1алимчи Шагьрудинида цебе ц1алана. <!--[if !supportFootnotes]-->[1]

Гьес киданиги чияр хуриса бач1араб жо кванач1о. Гьесул квен бук1унаан ц1оросоролъил яги пурч1инадул хинк1. Заман банаг1ан г1адамазда гьоркьове вахъинги дагьлъана гьесул. Гьесул яс Сукайнатица бицана г1умруялда жанив эмен росдал годек1аниве щвеч1илан. Кинаб къвариг1ел бугониги бат1ияб нухдасан сверун унаанила, росу сверун ине кканиги. Лъималги рачун колот1е ун гьениб, г1адамазда раг1улареб х1алалъ, малъун буго гьезда г1елмудул аслаби. Нахъа, киналго гьаризе кколел парз-суннатазул т1ехьги хъван буго гьезие. Заман банаг1ан росдал г1адамазе гьев хиралъана ва гьесул вац1ц1алъиги валилъиги мух1канлъана. Гьес жиндирго сурат бахъизе тун гьеч1о, жиндиего кьезе бугеб пенсия босизе гьеч1ин абун буго, жив х1укуматалда х1алт1ич1илан ва жиндие гьелъул х1алаллъи бук1унарилан. Хъизаналда абун буго дуца босизе бегьулин мун х1алт1идалин колхозалда абун.

Г1емерисеб заман гьесул мавлидал ах1улаго унаанила. Свалат салам лъеяв Аварагасухъ бугеб г1ишкъуялъ, гьесухъ урхъун хъварал мавлидал ц1акъ г1емер руго Г1абдуллагьил Мух1амадил. Дагьаб цебе басмаялда бач1араб мавлидазул гьит1инабго т1ехьалда руго Хелекьуриса Ах1мад бин Жамалудин абун автор вихьизавураб к1иго мавлид. Дица гьев чиясул ц1ех-рех гьабидал якъинлъана Г1абдуллагьил Мух1амадица жиндирго квералъ (г1ажам хат1алъ) хъвараб мавлидазул т1ехь сайгъат гьабун буго росулъаго чи Ах1мадие кидаго г1алахалда г1ияда вук1унелъул ц1ализе бук1ине. Гьеб т1ехь нахъе ц1унун хут1ун ц1идасан (г1ажам нухса гьабун) басмаялда бахъулел ч1аг1аз Жамалудинил Ах1мадил ц1аралда гъоркь биччан буго къват1ибе. Амма, гьел мавлидал хъварав чи Г1абдуллагьил Мух1амад вуго. Гьеб т1ехьалда гьеч1елги г1емерал асарал (мавлидал, назмаби, шиг1раби) хъван рук1ун руго Мух1амадица. Жеги росулъа г1адамазухъ г1езег1ан ругилан абула гьел мавлид-мажлисазда ц1алулел. Киналго данде гьаруни хасаб мажмуг1 бахъизе г1урал асарал рук1ун руго гьесул. Гьединго Ч1абакъориса Муртазаг1али абулев чиясги росун анилан абулеб буго г1емерал асарал, басмаялде рахъарал рахъич1ел лъалел гьеч1о. Инсуца к1вар кьеч1ого, цойиде рак1арич1ого теялъг1аги батилаха лъималазги гьесул рух1ияб ирс данде гьабун къват1ибе бахъизе ч1аголъи гьабун гьеч1о.

Дол дин гьукъарал соназда маг1арул рух1ияб адабият цебет1езабулел, назмабаздалъун даг1ват гьабулел г1алимзабазул цевесев кьерда вук1ун вуго Мух1амад гьесул асаразул хал-гьабидал. Гьел бат1и-бат1иял росабалъе ккун, цояз-цояхъе кьун т1ирит1унги рук1ун руго. Х1атта, цоги аваторазул асаразда гьоркьоре ккун бат1ияб ц1аралда гъаоркь басмаялда рахъун рук1инеги рес буго. Гьесул нилъехъе щварал асаразул халгьабидал бат1и-бат1иял темабазда хъварал, мавлидал гурелги назмабиги руго: «Абу Муслим шайихасде», «Гьудулзабазде», «Башириде», «Хвалда цебесеб», ва цогидалги камилал асарал.

Маг1аруллъиялда ислам т1обит1изабурав, нилъеда диналъул аслаби малъиялъе кьуч1 т1амурав Абу Муслим шайихасул х1акъалъулъ авар рух1ияб яги дунялияб адабияталда г1емерал асарал хъван гьеч1о. Ислам бач1иналъул тарихалда бищун к1вар бугев чилъун вихьизавуниги нилъер адабияталда гьесул ц1ар г1емер дандч1валаро. Мисалалъе, Ч1ик1аса Саг1ид-афандияс «Дагъистаналде ислам бач1иналъул х1акъалъулъ къокъаб баян» абураб назмуялда хъвалеб буго гьесул х1акъалъулъ:

Хадув Дагъистаналъул бищун к1удав имамлъун,

Дагъистаналъул х1укму, киналниги умурал,

Исламалъул кверщелги гьесда кодоб бук1ана.

Гьес ват1анлъун ккурабги Хунзахъ шагьар бук1ана,

Хведалги гьенив вукъун зиярат машгьурлъана.

Хелекьуриса Г1абдуллагьил Мух1амадил Абу Муслим шайихасде гьабураб назму буго Аллагьасе шукруги, исламалда ратиялъухъ реццги, шайихасул наслу-насаб, бах1арчилъи ва Дагъистаналъе щвараб баракатги загьир гьабун хъвараб. Гьеб буго авал-ахир бугеб ц1убараб асар.

Г1абдуллагьил Мух1амадил асарал ц1алидал бат1а бахъулеб хасаб хат1ги, т1адег1анаб стилги бихьулеб буго. Киг1ан х1укуматалъ дин гьабизе гьукъун бук1аниги, гьес жиндирго даг1ват гьоркьоб къот1изе тун гьеч1о.

Ц1алдолезде гьари буго гьев валиясул х1акъалъулъ нужеда лъалел баянал ратании яги гьесул абун рехсолел асарал ратаниги редакциялда лъазабеян.

📎📎📎📎📎📎📎📎📎📎